
Был проведен урок литературного чтения на аварскую народную сказку "Лиса и Змея".
Борхьилги царалги къиса
МАРГЬА.
Борохьги церги кӀудиял гьудулзаби рукӀанила. Цараца абунила:
— Гьаб бакӏ лъикIаб бакӏ гьечӀо, гьаниб кваназе жоги тагӀун буго, рачӀа гӀор бахун дорехун ина.
— Дида гӀор бахине кӀоларо гури, — ян абунила борхьица.
— БачӀа, мун дир габуниб жеме, дица баччила мун, — ан абунила цинги цараца.
Жемун габуниб борохьгун, цер лъугьанила гӀурулъе. Гьеб борхьил ракӀквешлъи букӀанила царадехун. ГӀурул бакьулъе щвейгун, борхьица, габурги дандекъан, цер гъанкъизабизе къасд гьабунила.
Гьеб мехалъ цараца абунила:
— ГьадигIан лъикӀал гьудулзаби, цоязда цоязул гьумерги бихьичӀого холел ругоха.
Борхьица жиндирго бетӀер цебе баккизе гьабунила. Цараца абунила бихьулеб гьечIилан. Борхьица бетӀер дагьабги цIикӀкӀун цебе баккизе гьабунила. Цараца, хапун кӀалалъги ккун, чӀамунила борхьил бетIер.
ГӀурул доб рахъалда, салуда тӀад борохьги лъун, гъоркье квачӏ бегьун битӀизеги гьабун, абу нила цараца:
—Гьадин битӀараб бокьула дие гьудул.